ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Миллатал цолъараб байрам

Маг1арул мац1алъул

Ц1урмалги гьарун,

Жиб-жиб киниялда

Рухьине анищ,

Гьезул сас гурого,

Цоги бат1ияб,

Нилъер лъималазда

Раг1уларедухъ.

 

   Абизе бегьула гьединаб бук1анин 2022 соналъул февралалъул 19 къоялъ Хасавюрт шагьаралъул 4 школалда т1обит1араб «Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1азул къо- 21 февраль»  к1одо гьабиялда хурхун т1обит1араб байрамалъул ах1и.

  Исанасеб байрам т1обит1улеб бук1ана шагьаралъул лъайкьеялъул ва культураялъул управленияз. Тадбир т1обит1иялъе, кинабго т1адег1анаб даражаялда иналъе  нухмалъи гьабулев вук1ана Халкъияб собраниялъул депутат, Хасавюрт  шагьаралъул  управлениялъул  начальникасул заместитель Голоев Ризван Аливкаевич.

    Шагьаралъул  школазул муг1алимзабазда ва ц1алдохъабазда цадахъго тадбиралде щвана тахшагьралдаса гьалбалги: Лъайкьеялъул Министерствоялъул г1аммаб лъайкьеялъул консультант Х1ажиева Барият Мух1удадаевнаги  Г1.Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгун-ц1ех-рехалъул институталъул адабияталъул секторазул заведующая, «Маг1арулай» журналалъул бет1ерай редактор, авар мац1алъул учительзабазул Асссоциациялъул нухмалъулей Мух1идинова Баху Шамиловнаги.

  Жидерго х1алуцараб х1алт1ухъ балагьич1ого, тадбиралде щвана гьединго Халкъияб собраниялъул депутатал  Р.М. Ибрагьимовги Я. С. Умахановги, Хасавюрт  шагьаралъул  администрациялъул бет1ерасул заместителал  И.И.Чергезбиевги  А.А. Муртазг1алиевги, Хасавюрт шагьаралъул педколледжалъул жамг1иял дисциплиназул ва Дагъистаналъул мац1азул предметно-цикловой комиссиялъул председатель Н.М.Расуловаги, Хасавюрт шагьаралъул жамг1ияб палатаялъул председатель, «Гьудуллъи» газеталъул бет1ерав редактор   М.М. Шайихмух1амадовги ва цогидалги гьалбал.

   Гьалбадериада данч1вай гьабулел рук1ана Хасавюрт  шагьаралъул  лъайкьеялъул управлениялъул  начальник  А. Т. Абакаровги, Халкъияб собраниялъул депутат, Хасавюрт  шагьаралъул  управлениялъул  начальникасул заместитель Р. А. Голоевги, Хасавюрт  шагьаралъул  лъайкьеялъул управлениялъул бет1ерай специалист, шагьаралъул миллиял мац1азул куратор Г1. А. Рашидоваги, 4 школалъул директорасул заместитель А. Х. Салимоваги.

К1алъазе вахъарав Хасавюрт  шагьаралъул  администрациялъул бет1ерасул заместитель Арсен Арсланг1алиевичас Хасавюрт  шагьаралъул  администрациялъул бет1ер Корголиев Корголи Мух1амадовичасул рахъалдасан данделъаразда баркана рахьдал мац1азул байрам.

   Жиндирго к1алъаялъулъ Халкъияб собраниялъул депутат Якъуб  Умахановас Сайгитпаша Дарбищевичасул рахъалдасанги жиндирго рахъалдасанги  тадбиралъул г1ахьалчаг1азда баркана рахьдал мац1азул къо, рак1алде щвезабуна мац1ал ц1униялъе ва церет1езариялъе эменгун (Сайгитпаша Дарбищевич Умаханов) ва Халкъияб собраниялъул депутат Голоев Ризван Аливкаевичгун  цадахъ цересел соназда гьабураб бат1и-бат1ияб х1алт1и,  гьанжеялдасаги гьадинал тадбиразде ва миллаталгугун мац1ал ц1униялъе гьабулеб х1алт1уда т1адч1ей гьабизе бук1иналдаги  жидеца, депутатал х1исабалдаги, маг1арулал х1исабалдаги, кверч1вай гьабизе бугин раг1и кьуна.

     Рак1-рак1алъулаб к1алъайгун цеве вахъана   Халкъияб собраниялъул депутат  Р. М. Ибрагьимовги.  Жиндирго к1алъаялъулъ Руслан Мавлановичас милллиял мац1азда ц1алдохъабаз берцинго рик1к1арал ва ах1арал куч1дул рич1ч1унгут1иялдаса рек1екълъи загьир гьабуна.

«Щай нилъеца бегьулареб цогидал миллатазул мац1ал лъазаризе? Жакъа ц1алдохъабаз рик1к1арал, ах1арал асаразул пасих1лъиги гъварилъиги бич1ч1инаан нилъеда»…

Гъваридаб маг1наялъул ва берцинал гьара - рахьиялгун к1алъазе рахъана Лъайкьеялъул Министерствоялъул г1аммаб лъайкьеялъул консультант Х1ажиева Барият Мух1удадаевнаги  Г1.Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгун-ц1ех-рехалъул институталъул адабияталъул секторазул заведующая, «Маг1арулай» журналалъул бет1ерай редактор, авар мац1алъул учительзабазул Асссоциациялъул нухмалъулей Мух1идинова Баху Шамиловнаги.

Жиндирго к1алъаялъулъ Барият Мух1удадаевналъ борхана киназулго рах1атхвезабулеб миллиял мац1азул саг1атазул къадаралъул суал. «Министерствоялъ саг1тал дагь гьареян абуларо. Бихьбизабураб бищун дагьаб 3 саг1аталдаса г1одобе гьеч1еб саг1тазул къадар ц1ик1к1кинабизе ихтияр буго жиб- жиб ц1алул идараялъул».

 Хасавюрт шагьаралъ мац1ал ц1униялъулъ ва церет1еялъулъ гьабулеб х1алт1улъ хасаб бак1 кколилан бицана Баху Шамиловналъ. «Кидаго т1адег1анаб даражаялда т1орит1ула хасавюрталъулаз мац1алда хурхарал байрамалги тадбиралги, к1удияб к1вар кьола  гьеб х1алт1уде  шагьаралъул  управлениялъ, Халкъияб собраниялъул депутатаз, рак1-рак1алъулаб баркала гьезие». Гьединго бицана  Г1.Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгун-ц1ех-рехалъул институталъ миллиял мац1азул т1ахьазул 90% х1адурун бук1иналъул, методикиял  пособиял х1адуриялъулги. «Ниж кидаго нужее кумекалъе квер бегьизе х1адурал руго», -ян лъуг1изабуна жиндирго к1алъай Баху Шамиловналъ.

Киналго к1алъазе рахъаразул бук1ана цо пикру: рокъосан, эбел-инсудасан байбихьула лъимадул мац1алде рокьи. Киназго ах1улел рук1ана рокъоб жидерго миллияб мац1 бицине.

Тадбиралда жидерго миллиял мац1азда берцинго куч1дул рик1к1ана ва ах1ана шагьаралъул бат1и - бат1иял школалазул ц1алдохъабаз.

   Хасаб бак1 тадбиралда ккуна Х1асанов  Даудбек Руслановичас х1адурараб  Хасавюрт шагьаралъул «Муг1рузул дандерижи» кьурдул ансамблялъ. Жиб- жиб миллаталъул берци- берцинал кьурдабаз бит1ахъе асир  гьаруна залалда г1одор ч1анщиназул рак1ал.

Ахиралда к1алъазе вахъарав Хасавюрт  шагьаралъул  лъайкьеялъул управлениялъул  начальник Абакар Т1агьировичас   «Дагъистаниясе жиндирго мац1- умумузул бечедаб ирс ккола. Гьеб ирс,  хазина г1адин, ц1унизе ва бач1унеб г1елалъухъе кьезе нилъеда т1адаб буго»- абурал Сайгитпаша Дарбищевичасул раг1абаздалъун байбихьана жиндирго баркиялъул к1алъай. Мац1азул миллат ц1униялъе, миллатазул мац1 ц1униялъе,  гьезул цадахъго Дагъистан ц1униялъе бугеб к1варалъул бицана.

Баркала загьир гьабуна гьалбадерие, тадбиралда г1ахьаллъарал муг1алимзабазегун ц1алдохъабазе ва киналго ах1ана умумузул кванил т1аг1амалъул х1албихьизе.

Бат1аго баркала загьир гьабизе бокьун буго Хасавюрт  шагьаралъул  лъайкьеялъул управлениялъул бет1ерай специалист, шагьаралъул миллиял мац1азул куратор Рашидова Г1азра Ах1мадовналъул нухмалъиялда гъоркь шагьаралъул муг1алимзабаз тадбир берцин гьабиялъе х1адурарал ц1алдохъабазухъги, г1уц1арал миллиял бок1аназухъги,  х1адурараб миллияб квен-т1ехалъухъги.

К1удияб асар гьабуна гьалбазе маххул печалда жаниб бежараб чадил т1аг1амалъги, ц1улада бакараб самоваралъуб х1адурараб хурдузул чаялъги. Бакъалда г1уц1араб миллияб столалда сверун бук1араб рак1-рак1алъулаб гара-ч1вариги хинлъиги цадахъ босун, къо-мех лъик1 гьабуна гьалбадерица.

Баркала киназего! Лъик1аб раг1аги, лъик1аб бихьаги!

С.Т. Саг1идова,

Хасавюрт шагьаралъул  3 Гимназиялъул

авар мац1алъул муг1алим

 

 

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби