Годек1ан 2.0
Годекан 2.0.
Кеч1али щай гурин, щибаб раг1иги,
Маг1арулазул дий хазина буго.
Раг1ини щиб гурин, щибаб жугьаги,
Жавгьар кьунаниги, кьеларо дица! (Расул Х1амзатов)
Ассаламу г1алайкум, авар мац1алъул муг1алимзаби ва авар мац1ги, тарихги, маданиятги бокьулел маг1арулал!
24 ноябралда, “Россия-дир тарих” абураб тарихияб паркалда “Аварал” жамг1ияб г1уц1иялъ т1обит1ана “Годек1ан. 2.0 ”абураб тадбир. Тадбиралъул аслияб мурад бук1ана, маг1арул мац1алъул тарихалъул, бечелъиялъул, мац1 ц1униялда ва цебет1езабиялда хурхун гьабулеб бугеб х1алт1ул, гьелда сверухъ ругел зах1малъабазул ва квалквалалъул ва гьединго цере ч1арал масъалабазул бицин ва дандбай. Гьенире рак1арун рук1ана киналго маг1арул мац1ги бокьулел, гьелъул ургъелги бугел маг1арулал. Амма рук1ана чанги рач1инеги бокьун, гьава-бакъ хисиялда бан рач1ине рес щвеч1елги.
Саг1ат лъабгоялда байбихьана тадбир. Тадбиралъе байбихьи лъуна ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул 2-абилеб курсалъул студент Манапов Мух1амадица Расул Х1амзатовасул “Авар мац1” абураб кеч1ги рик1к1ун. Гьелдаса хадуб байбихьана тадбиралде. Тадбир рагьана ва берцинго нухда бачана “Аварал ” жамг1ияб г1уц1иялъул вакилзаби Мух1амадов Даниялица ва Мух1амадова Атикаца. Тадбиралде рач1аразе саламги кьун, гьез раг1и кьуна филологиял г1елмабазул доктор, профессор Мух1амадов Мух1амад Ибрагьимовичасе. Гьес бицана авар мац1алъул хъвай-хъваг1аялъул тарихалъул. Г1енеккаразул гъира базабулеб, ц1акъ г1акъилаб, маг1наяб ва пайдаяб к1алъай гьабуна Мух1амад Ибрагьимовичас. Гьесдаса хадуй к1алъазе яхъарай маг1арулазе ц1акъго хирияй шаг1ир Тубх1ат Зургьаловалъ гьабуна “Авар адабият” абураб темаялдасан доклад. Гьелъ бицана нилъер адабияталда к1удияб лъалк1 тарал шаг1ирзабазул, гьез нахъе тараб бечедаб ирсалъул ва жакъа авар адабияталъул бугеб ах1вал-х1алалъул, ругел г1унгут1абазул. Тубх1атил к1алъаялдаса хадуб гьабуна 10 минуталъулаб х1ухьбахъи. Тадбиралде рач1аразе фойеялда г1уц1ун рук1ана кванилал столал ва миллияб рат1лил, ц1араг1алъул, таг1алабазул выставкаби. Х1ухьбахъиялдаса хадув к1алъазе вахъана Хунзахъ мухъалдаса ц1ар раг1арав тарихчи, Дагъистаналъул мустах1икъав муг1алим Г1алибек Хъазанбиев. Гьес бицана маг1арул мац1алъул басралъарал раг1абазул, нилъер мац1алъул бечелъиялъул. Киналго ц1акъ гъира-шавкъалда г1енеккун рук1ана гьесухъ. Кьуна гьесие чанго суалги. Гьесдаса хадуй к1алъазе яхъана Авар мац1алъул муг1алимзабазул цоялъиялъул нухмалъулей Баху Шамиловна Мух1идиноваги. Гьелъ бицана цолъиялъ свак тун гьабулеб бугеб х1алт1ул, цере ч1арал масъалабазул ва дандч1валел ругел зах1малъабазул. Хадусев лектор “Х1акъикъат” газеталъул бет1ерав редактор Г1умаханов Г1умаханица бицана авар прессаялъул жакъасеб къоялда бугеб заг1ипаб ах1вал-х1алалъул. Бицана гьал ахирал соназда авар мац1алда къват1ире рахъулел газет-журналазул тираж ц1акъ дагьлъун бугилан. Ахирисеб доклад бук1ана “Г1аммаб диктанталъул х1асилал ва рахьдал мац1алдехун г1адамазул кинаб бербалагьи бугебали лъазе социалиял гьиназда гьарурал ц1ех-рехазул х1асилал данде роси” абураб. Доклад ц1алана Г1абдулхаликъов Расул Хъайтмазовичас. Тадбиралъе ахир лъуна “Аварал” жамг1ияб г1уц1иялъул нухмалъулев Мух1амадов Арсен Гъазиевичасул баркалаялъул раг1абазги Гъуниб мухъалъул Хьиндахъ росдал ва Мах1ачхъала шагьаралъул школазул гьит1ичазул церерахъиналъги.
Гьеб пайдаяб тадбир ана ц1акъ т1адег1анаб даражаялда. Хьул буго гьединал тадбиразул кумекалдалъунги мац1ги миллатги хириял маг1арулаз рух1 кьун гьабулеб х1алт1уцаги нилъер миллат т1адеялдаса т1аде гъункилилан ва нилъеда гьоркьоб гьуинлъи бижилилан.
Бокьун буго к1удияб баркала кьезе гьеб т1адбир г1уц1аразе, нухда бачаразе, гьеб гьабизе квербакъаразе. Аллагьас нужер гьабулеб киналдаго баракат лъеги.
Чахъаги маг1арулал, ч1ахъаги Дагъистан!
Манапов Мух1амад. ДГПУялъул ФДФалъул 2 курсалъул студент.