ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Гъизляралъул 7-б школалда рахьдал мацIалъул байрам

Гъизляр шагьаралъул 7-абилеб школалда т1обит1ана Халкъалда гьоркосеб рахьдал мац1азул къо. Тадбиралда рук1ана гьалбал:школалъул нухмалъулей Сабутова З.К, ц1алулгун тарбия кьеялъуд рахъалъ школалъул нухмалъулесул кумекч1ужу Никифорова Л.В, г1елмияб рахъалъул кумекч1ужу Лютая.З.М, школалъул ц1алдохъаби ва улбул. Лъималаз ах1ана ва рик1к1ана маг1арул шаг1ирзабазул ва хъвадарухъабазул асарал,рихьизаруна сценкаби, кьурдаби ва маг1арулазул нек1сиял г1адатал.Тадбир х1адурана ва нухда бачана авар мац1алъул муг1алим Х1айбулаева Г1айшат Х1айбулаевнаялъ. Байрам ана балагьаразе лъик1аб асар гьабулеб, т1адег1анаб даражаялда.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби