ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ЦIАДАСА ХIАМЗАТИЛ «АЙДЕМИР ВА УМАЙГЬАНАТ» МАЛЪИЯЛЪУЛ КЪАГIИДА.

Микьабилеб классалда лъазабулеб «Айдемир ва Умайгьанат» абураб ЦIадаса ХIамзатил пьеса ккола гьесул драматургиялда жаниб бищун кIвар бугеб асарлъун. 1940 соналда хъвараб гьеб пьеса тIубанго бахъун букIана «МагIарул большевик» абураб газеталда ва гьелдалъун гьеб щвана щибаб росулъе, жив-жив магIаруласухъе.

«Айдемир ва Умайгьанат» хъвалелде ХIамзатил букIана гIураб, щвараб хIалбихьи драмиял асарал хъвазе. Гьеб заманалде гьес хъван рукIана «ТIанусисел», «Хирачил лъимал», «Хьитазул устар», «Балагьалъул гъамас» абурал пьесаби.

«Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьеса жиндир заманалда лъугьана кIудияб лъугьа-бахъинлъун живго авторасул гIумруялъулъ гуребги тIолабго магIарул жамгIиябгун маданияб ва адабияб гIумруялъулъги. Гьединлъидал адабияталъул дарсида, ЦIадаса ХIамзатил хъвадарухъанлъигун лъай-хъвай гьабилелде цебе, цин мугIалимас цIалдохъабазе баян гьабизе ккола 30–40 соназда магIарухъ, Дагъистаналда букIараб политикияб, жамгIияб, маданияб ва адабияб гIумру.

РагIул устар, суратчи, басриябги цIиябги цIадирабазда лъурав ХIамзатида лъидасаго лъикI, якъинго бихьулеб ва бичIчIулеб букIана цIияб гIуцIиялъ, официалияб идеологиялъ магIарухъе бачIараб лъикIабги, квешабги, ритIухъабги, такъсирабги, магIарул халкъалъул гIумруялъулъ лъугьарал чIахIиял хиса-басиялги ва гьезул хIасилалги. ХIамзатил цIодораб, бегIераб пикруялда хехго бичIчIана партиялъул рагIудаги хIакъикъияб гIумруялдаги, гьабулеб ишалдаги гьоркьоб кIудияб батIалъи букIин. Кидаго гуро дол соназда бицунебги гьабулебги данде кколеб букIараб. Байбихьуда ракI-ракIалъ къабул гьабуниги, хадуб ХIамзатида бичIчIана инкъилабалъги гьелъул хIасилазги халкъалъул гIумруялъулъ лъикIал рахъазда цадахъ, лъикIаланго гIунгутIабиги, хIатта такъсирлъигицин раккизарулел рукIин, гIадатав магIаруласул пикру, психология, тIабигIат квешаб рахъалдехун хисизабулеб букIин. Гьединин драматургас жиндирго тIолабго гьунар-махщел буссинабураб гьел гIунгутIаби къватIир чIвазариялдехун, жамгIияб гIумруялъулъ гьел рижизе цIияб гIуцIиялъулъ рукIарал шартIал баян гьариялдехун. Жив тIад велъулел, жинца къватIир чIвазарулел, жиндир сатираялъул чIор щолел багьадурзаби ЦIадаса ХIам­затида ратулаан жиндаго сверухъ, магIарул жамагIаталда жанир.

Гьединлъидал «Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьеса лъугьана 30–40 соназул жамгIияб гIумруялъе, социалиябгун политикияб гIуцIиялъе, официалияб идеологиялъе унго-унгояб къимат кьураб асарлъун. «Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьесаялдасан лъималаз тIоцебе лъай-хъвай гьабула школалда адабияб жанр хIисабалда драмагун. Гьединлъидал гьеб пьеса цIалилалде цебе хIажатаблъун букIуна клас­салда цIалдохъабигун театралъул, драмиял жанразул хIакъалъулъ гара-чIвари гьабуни. Гьенибго цIалдохъабазда цIехезе бегьила щив гье­зул вукIарав театралда, кинал пьесаби гьезда рихьарал телевизоралдасан, кинал пьесабазда жинцаго гIахьаллъи гьабураб. ЛъикI букIина школалда живго мугIалимас драмкружок гIуцIани ва гьениб лъималазда бичIчIулеб, гьел гIахьаллъизе бегьулеб пьеса лъуни.

Кинха гIуцIилеб школалда «Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьесагун цIалдохъабазул лъай-хъвай? ШартIаз рес кьолеб бугони, лъикI букIина классги бачун, театралда гьеб пьеса бихьизабуни. Гьединаб рес гьечIони, пьеса цIализе ккола классалда. Гьаниб букIине бегьила кIиго къагIида: тIоцебесеб – текст цIалила мугIалимас (гьеб гьабила загIипаб классалда) кIиабилеб – ролазде бикьун, текст цIализе тIадкъала лъикIаб хIадурлъи бугел цIалдохъабазда.

Гьеб къагIидаялда пьесаялъул текстгун лъай-хъвай гьабун лъугIигун, гьелда тIасан классалда цIалдохъабигун гара-чIвара гьабила. Гьелъул мурад ккола лъималазда асаралъул хIасил лъикI лъай ва бичIчIи.

Гара-чIвари гIуцIизе бегьила гьадинал суалазда тIасан:

  1. Кида ва киб лъугьунеб бугеб пьесаялда бицунеб бугеб жо?
  2. Щиб хъулухъ-пишаялъул чагIилъун кколел пьесаялъул аслиял багьадурзаби?
  3. Кинаб сюжет бугеб комедиялъул?

Пьесаялъул хIасилалда тIасан гьабураб гара-чIвариялдаса хадуб мугIалимас бицина ЦIадаса ХIамзатилги Авар театралъулги бухьеналъул, гьес «Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьеса хъваялъул хIакъалъулъ. Гьеб гара-чIвари бечед гьабила машгьурав артист МахIмуд ГIабдулхаликъовасул ракIалдещвеял цIалиялъги:

«Хунздерил тIалъиялда тIоцебе кьучI жиндие тIамураб Авар театралъе кIудияв гьудуллъунги гIакъилав эменлъунги вукIана Дагъистаналъул халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзат. Гьесул цIаралда гъоркь гIун бачIана гIолохъанаб театралъул коллектив.

ТIоцебе театралъе жинца кьучI лъурав ва театралъул тIоцевесев директорлъун вукIарав Дагъистаналъул халкъияв артист ГIабдурахIман Магаевас гIемер бицунаан нижее, гIолохъанал артистазе ЦIадаса ХIамзатилги Авар театралъулги кIудияб гьудуллъиялъул, магIарулазе жиб тIоцебе бижун бачIараб гьеб, цIияб театралияб искусствоялдехун ХIамзатил букIараб кIудияб рокьиялъул ва гьеб гIуцIулел ругел гIолохъанал гьунарчагIазе гьес гьабулеб букIараб инсулаб тIалаб-агъазалъул.

Театр гIуцIарал тIоцересел соназ кIудиял захIмалъаби дандчIвалел рукIана артистазе церерахъине санагIатал бакIал, ай клубал рукIинчIоялъулъ, бигьаго букIинчIо гьунар бугел гIолилал артисталлъун театралде хIалтIизе рачIинаризеги, хасго ясал. Чара гьечIого хIажат букIана театралъе жиндирго репертуар...

Театралда цебечIараб гьеб захIматаб, кIвар цIикIкIараб масъалаги бичIчIун, ХIамзатица таваккал тIамула гьеб цIияб байбихьиялде. Гьес тIоцебе квербакъана гIолохъанаб коллективалъе кумек гьабизе, сундасаго цебе захIмат букIараб репертуаралъул масъала борхизе.

ХIамзатилгун тIоцебесеб дандчIвай театралъул коллективалъе кIудияб кумеклъун ккана. ХIамзатица рагIи кьуна нижее пьеса хъвазе, живго гьеб цIияб, хIалбихьи гьечIеб ишалде тIаделъизе. ШагIирас жиндирго къотIиги тIубазабун, драматургиялде тIоцебе нуцIаги рагьун, коллективалъе цIалана «Айдемир ва Умайгьанат» драмаялъул тIоцебесеб бутIа.

ТIубан лъутIараб пьеса гьеб букIинчIониги, авторас пьесаялъулъ лъураб пикруялъ кIудияб асар гьабуна гьунар бугел гIолохъанал ар­тистазе. Нахъ бахъичIого артистазухъе кьуна жив-живасе рекъон кколел ролал. Артистал кIудияб гъираялда тIаделъана цIияб спектакль хIадуризе.

Кин тIобитIилеб пьесаялъул анализ? Гьелъул кьочIолъ букIина пьесаялъул аслиял багьадуразул гIамал-хасият бихьизаби.

Пьесаялъул багьадуразул хасиятазул анализ гьабулаго, кIвар кьезе ккола щибасе хасиятаб рахъалъе, цинги бихьизабизе ккола гьезда гьоркьоб бугеб гIаммаб рахъги.

ГIадай хIисабалда щибав багьадурасул буго жиндирго хаслъи. Гъази – гIамал-хасият хъубав, пикрабиги гьабулеб щинабги чорокав, цIогьор, тIуван жиндирго лъадул хIатIикь вугев чи: Асма – кIигьумерай, сихIирай, макруяй, рахIму-гурхIел гьечIей, гьерсихъан.Симисхан – гIакълудул тIубараб камиллъи гъечIей, щибниги жо бажаруларей, эбел-инсуца абу-абуралда хадуй йикIуней, лъай-цIали гьечIей яс; Умайгьанат – захIмат бокьулей, жиндирго яхI-намус бу гей, напс цIунарай, гIумруялъе цIодорай, цIали-лъаялъе хIаракатай, бажари бугей гIадан; Айдемир – гIакълу-лъай бугев, пикрабазулъ вацIцIадав, мекълъи-тIекълъиялда тIад рекъоларев, рокъорги къватIивги къадру-къиматалда вугев гIолилав.

Классалда пьесаялъул багьадуразул щивасул хасият рагьизе кко­ла рагIа-ракьанде щун, мухIканго, анализ гьабулаго, щибав багьадур чIагояв чи хIисабалда цIалдохъабазда цеве чIеледухъ.

Мисалалъе, босизин Гъазил сипат. Гьесул хасият-гIамалалъул анализ гьабилалде цебе цин классгун гьабизе ккола гара-чIварн гьаб хадусеб баян гьабизе гIололъун:

  1. Гъазил хIакъалъулъ автор.
  2. Гъазил хIвада-чIвади.
  3. Жиндирго хIакъалъулъ Гъазил пикру.
  4. Гъазил хIакъалъулъ цогидал багьадурзаби.

Гьеб тартибалда тIобитIараб гара-чIвариялъ кумек гьабизе буго лъималазе Гъазил хасият жидедаго чIаго цебечIезабизе. Гара-чIвариялъул хIасилал цIалдохъабаз хъвазе бегьила школалда ялъуни рокъор, гъоркьехун кьун бугеб таблицаялда рекъон::

 

Жнндирго рагIабаздалъунги цитатазул кумекалдалъунги Гъазил хасият баян гьабн -

Гъазил хIакъа-лъулъ автор

Гъазил хьвада-чIвади

Гъазил хIакъалъулъ цогидал

Жиндирго хIакъа-лъулъ Гъази

«Жадул кьерав. къокъ вицатав, цIакъ гьекъолеб тайпаялъул, 40 сон барав чи... ЛъикI жоги гьекъон... Гъази ва-хъуна... Асма гьанже, чехь унтараб цер гIадин, чIезе къадар лъугIун лъугьуна, элдаго релъ-лъун Гъазиги вукIана. Хасго Гъази, майдан гIадин, гIа тIилъун уна. Ас цIун стакан Асмахъеги Айдемири-хъеги бегьула.

Кидаго гьекъон ву-кIуна. Сельпоялда ви-къарула. Асмаца абу-ралдаги божун, жин-дирго яс Умайгьанат къварид гьаюла.

ТIад ругел хIаким-забазе ришват кьола, хIелхIедула.

Макруял, хIалихьатал пикрабазул чи вуго (Гъазица ясалъул мугъалда квер кIутI-кIутIула). ХIинкъарав, жин­дирго рагIи гьечIев, лъавукъав чи.

ГIали:

«ГIурулъан ваханиги, риччел хъваларо». Асма: «Дуцаги. бади-кIалдиб жо речIчIулеб батилаха, Гъази, гьезда, дурги гIамал царал буго». Сельпоялъул бухгал­тер: «Живго хъубав вугониги, документал рIацIцIадав чи вуго Гъази».

Умайгьанат: «Асмал ишараялъухъ ишанги ккун, кибе гьелъ килищ битIаниги, вортизе къачIан вукIуна».

Зайбат: «Дуе Симисхан цIализе бегьичIо».

«Чвантиниб гIарац бугони, магIарда ах гьабулилан абула, Ас­ма, дуе гьелъул расги ургъел ккоге, сель-поялъул ихтияр нилъехъ гурищ бугеб».

«Гьабизе лъани – квас, квине лъани – нах» абун гурищ рукIунел? Гъоркьан ратI,а бегьичIони, тIа-сан бохги бегьуларо».

«Дида гьеб цIияб къагIидаялъ хъвазе лъаларо».

Пьесаялъул тексталда тIад гьабураб хIалтIул кьучIалда мугIалимас гIамлъизарила Гъазил хасияталъул аслиял рахъал.

Гъази вуго гIамалалъул рахъалъ хъубав, хьвада-чIвадиялъул рахъалъ чорокав чи. Гьесул гьечIо кIудияб гIакълу, гIумруялъул аслияб мурад – сельпоялда викъаризе ва гьекъолдизе. Рукъалъул кIудиявилан, чIужуялъул росилан гьесул гьечIо сси, тIолабго ихтияр лъадухъеги кьун, гьев Асмаца абу-абуралдаги божун, сундулъго гьелда хадув вилълъуна.

Гъази цIакъ хъачIав вуго жиндирго яс Умайгьанатгун, амма гьелдаго цадахъ, гьес лъухьа-юхьула бесдал яс Симисхан. Гьелдехун бугеб гьединаб «лълъамияб» гьоркьоблъиялъ бихьизабула гьесул бесдал ясалдехун чорокал, хиянатал, хъахIбаял пикраби рукIин.

Гъазил буго цIакъ магIна гьечIеб, цIекIаб мацI. ГIурусабин абун гIурусабги лъаларо гьесда камилго, магIарулабги бицунаро гьес магIнаялда.

Сельпоялъул хIалтIухъан вугониги, гьесда лъалеб гьечIо цIализе цIияб алипалъ хъвараб жоги. Гьелдаго цадахъ щаклъизе бачIуна басриябгицин лъалеб букIанадай гьесда гIураб даражаялда абун,

Пьесаялъул ахиралда гьев жагьил тIуван къватIив чIвала ва мустахIикъаб тамихIалде ккола.

Пьесаялда Гъазил сипаталъ ккола кIвар бугеб бакI. Гьеб сипаталъулъ ЦIадаса ХIамзатица гвангъун загьир гьарун руго пачалихъияв хъулухъчиясул, чиновникасул бищун хъубал, мекъал рахъал. Гьев багьадурасул сипаталъул кIвар буго жакъа къоялъеги, щай гурелъул гъазиялги, зайналовалги ва гьезда релълъаралги гIемер дандчIвала жакъасеб гIумруялъуль, ай Гъазил сипат ккола сипаттиплъун.

Пьесаялда жанир мекъал, квешал сипатазда цадахъ авторас рихьизарун руго ритIухъал, лъикIал сипаталги. Гьезда гьоркьоса аслияблъун ккола Умайгьанатил сипат. Гьеб сипат рагьизе, Умайгьанатил гIамал-хасияталъул анализ гьабизе кьезе бегьила тIубараб дарс.

Умайгьанатил сипаталъул анализ гьабилалде цебе цин цIалдохъабазда тIадкъала кIвар кьун цIализе тексталда жаниса гьелъул хIакъалъулъ бицунел бакIал ва сценаби. Гьелдаса хадуб классалда тIобитIила Умайгьанатил сипаталл анализ гьабиялда тIасан гара-чIвари, Гьенир баян гьаризе ккола:

  1. Умайгьанатил куц-мухъ.
  2. ЖамгIияб хIал.
  3. Гьелъул аслиял ишал.
  4. Хасияталъул аслиял рахъал.

Гара-чIвариялъул ахиралда Умайгьанатил хасият бихьизабизе бегьила гьадин:

Умайгьанатил хасият

План

ХIасил

1. Куц-мухъ

 

 

 

 

2. ЖамгIияб хIал

 

 

3. Гьелъул аслиял ишал.

 

 

 

 

 

 

4. Хасияталъул ас­лиял рахъал.

Гъазил яс, цоги батIияй лъадуе гьаюрай, партал-хьиталда язихъай, жийго гьайбатай, намусай, сабурай, кьенсер-бер чIегIерай, рачлихъа гIодоре даларал гъалазул, 18 сон барай гIадан.

 

10 классалъул цIалдохъан. Сельпоялъул хIалтIухъанасул яс.

 

Школалдаса ячIуна. Айдемирил кагъат цIалула. Аслиятил бетIер ххала. ЧохтIо къазе инкар гьабула. Симнсханида хъвазе, цIализе малъула. Инсуда конституция бичIчIизабула. Жийго гъанкъизе къасд бала. Айдемиргун гара-чIвари гьа­була. Асиятгун цадахъ Айдемирил рокъое уна.

 

ХIалтIи-пиша бокьула, кверда махщел пагьму буго, цIали-лъай бокьула, жиндирго талихIалъе гIоло къеркьола, гIадамазе кумекалъе хIадурай йиго.

 

Дарсил хIасил гьабулаго, мугIалимас абила Умайгьанатил хасияталъул аслиял рахъал ругин гIаданлъиги пикрабазул рацIцIалъиги.и Гьей йиго намус бацIцIадай, гьабулеб хIалтIулъ мухIканай, хьвада-чIвадиялъулъ узданай гIадан. Умайгьанатил гIамал-хасияталъ гьей йихьизаюла тIокIайлъун сверухъ ругездаса, пьесаялъул цогидал багьадураздаса.                                                                                                      

Пьесаялъул анализалъул ахиралда цIалдохъабазда цебе лъела кIиго суал:                                                                                                    

  1. Кинаб пикру букIараб ЦIадаса ХIамзатил «Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьеса хъвалаго?                                                                   
  2. Кинаб кIвар бугеб гьеб пьесаялъул жакъасеб магIарул жамагIаталъе, нилъер гIумруялъе?

ЦIадаса ХIамзатица жиндирго пьеса хъвараб сон (1940) букIана пачалихъалда жанир кIудиял лъугьа-бахъинал лъугьараб, лъугьунел рукIараб заманалъул цо этап. Гьеб мехалда гIага-шагарго тIуран рукIана индустриализациялъулги коллективизациялъулги планал, гIодоцулеб букIана репрессиязул хIалуцин, лъугIун букIана Финляндиягун рагъ, амма хIалуцунеб букIана къватIисеб дунялалда ахIвал-хIал ва гь. ц.

ГIакъилав, цIодорав ХIамзатида лъикI ричIчIулел рукIана цIияб жамгIиябгун политикияб гIуцIиялъул тIокIлъабиги гIунгутIабиги.

ГIунгутIбазул цояб рахълъун букIана инкъилаб ккун 23 сон тIубаялде партиялъулги пачалихъалъулги идараби «махIцизе» байбихьи. Гъазиги, Зайналовги, «нилъерго районалъул гьалмагъзабиги» гIадал хIалтIухъабазул хIалтIуца, сверухъ ругездехун гьезул бугеб бербалагьиялъ букIана гIадатаб халкъалъул, рацIцIадал гIадамазул ракI буссинабулеб партиялдасаги пачалихъияб гIуцIиялдасаги, жанисеб политикаялдасаги.

ЦIадаса ХIамзатида хеккого чIвана «махI» партиялъул, пачалихъалъул «туриялъул». Гьесда якъинго бихьана ва бичIчIана офици-лияб идеологиялдаги хIакъикъияб гIумруялдаги гьоркьоб цIакъ кIудияб манзил букIин. «АхIун райкомалдегун, ХIасанилав гIадин» гIадамал роркьизе, инжит гьаризе Гъазидаги гьесда релълъарасдаги киданиги кIвезе букIинчIо гьезда релълъарал жавабиял хIалтIухъаби партиялъулги пачалихъалъулги, хIукуматалъулги тIадегIанал идарабазда рукIинчIелани. Амма ХIамзатида гьелъул хIакъалъулъ рагьун абизе кIолароан, гьединлъидал гьес пайда босана жиндирго сатираялдаса ва бегIераб къалмидаса.

КIудияб кIвар буго Щадаса ХIамзатил пьесаялъул жакъасеб къоялдаги, щай гурелъул гьес жиндирго асаралъулъ рорхарал суалал, лъурал масъалаби жакъасеб гIумруялъулъ дандчIвала шибаб гали бахъаралъуб. Нилъер заманаялъул гъазиялги, асмабиги, симисханалги, зайналовалги руго жеги сихIиралги, макруялги, хIалихьаталги, вахIщиялги. Гьединлъидал гьел нилъеда гьоркьор рихьизе, ратIа ра-хъизе, къватIир чIвазаризе кIудияб квербакъи буго ХIамзатил «Айде­мир ва Умайгьанат» абураб пьесаялъулги гьезул сатираялъулги.

Пьеса лъазабун хадуб классалда тIобитIизе бегьила конференция. Гьелъие цереккунго хIадур гьарила гьадинал суалал:

  1. Сундулъ бугеб «Айдемир ва Умайгьанат» абураб   пьесаялъул социалияб рахъ?
  2. Инсанасул рIамал-хасияталъул,    рукIа-рахъиналъул,    хьвада-чIвадиялъул кинал рахъал къватIир чIвазарулел ругел Щадаса ХIам-затица жиндирго пьесаялда жанир?
  3. Сундулъ бугеб пьесаялъул щибав гIахьалчиясул хаслъи? Кинаб мацI бугеб гьезул щибасул?
  4. Сундулъ бугеб пьесаялъул жамгIиябгун адабияб кIвар? Пьеса лъазабун хадуб, хасаб даре кьезе бегьила гьелда хурхарал адабияталъул теориялъул цо-цо суалал щула гьариялъе.

Кинал суалалха рагъизе кколел гьеб дарсида?    ТIоцебе,   цIалдохъабазда бичIчIизабизе ккола тип, типлъи, типияб абурал рагIабазул магIна; кIиабизе, драма, комедия, трагедия абурал терминазе баян кьела.

Кинха гьеб дарс гIуцIилеб? Бищун лъикIаб къагIида букIина, тексталъул материалги жанибе бачун, лекциялъул, лекция – гара-чIвариялъул къагIидаялда гIуцIани, доскаялда, тетрадалда аслиял баяналъги хъвалаго.

ГIага-шагарго лекция-гара-чIвариялъул хIасил букIива гьадинаб:

Нилъеца лъазабун лъугIизабуна ЦIадаса ХIамзатйл машгьураб асар – «Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьеса. Гьенир авторас кьун руго сипатал, 30–40 соназда гурелги жакъаги нилъеда сверухъ жал ругел, ай гьел кколаро гIадатал сипаталлъун, гьел руго сипатал-типал. ХIамзатил щибав багьадур ккола типлъун. Тип – гьеб ккола гIадамазул гIамал-хасияталъул аслиял рахъал жиндилъ загьирлъараб адабияб сипат. ЦIадаса ХIамзатил киналго багьадуразулъ загьирлъула ннлъер жамагIаталъул вакилзабазул бищун кIвар бугел рахъал.

Гьелдаса хадуб мутIалимас цIалдохъабазда бичIчIизабила драма ва комедия щиб жояли.

«Айдемир ва Умайгьанат» ккола драмияб асар. Драмайилан абула сценаялда лъезе рихьизарурал асаразда. «Драма» абураб цIаралъул магIна ккола «хIаракат», «къеркьей» абураб жо. Комедия – гьеб ккола драмиял асаразул цо тайпа. Гьениб хъвадарухъан-драматургас къватIир чIвазарула жиндир заманалъул жамагIаталъул гIунгутIабиги квешлъабиги.

ЦIадаса ХIамзатил асаралъул къуватаб алаталъун ккола релъи. «Щадаса ХIамзатил сатираялъе хасиятаб буго бацIцIадаб магIарул махсара-хочI. ШагIирас берцинго кьолаан жиндирго багьадуразул чIагояб гара-чIвари: бецIал гIадамазул гIантаб гаргар, къацандулезул ахIи-хIур, тушбабазул цццидалаб мацI. Гьебго заманалда мухъазда гьоркьосан рагIула авторасул гIакъилаб калам, жиндица бицен гьабулезул хIакъалъулъ гьесул пикру», – ян хъвалеб буго машгьурай кри­тик Наталья Капиевалъ.

Комедиялда тIад хIалтIулаго, гьенир ратIа рахъизе ккола сюжеталъул байбихьи (завязка), гьелъул завал (кульминация), бичи (раз­вязка).

Гьениб мугIалимас цIалдохъабазда гьикъила: «Пьесаялда жаниб кинаб бакI кколеб гьелъул сюжеталъул байбихьилъун?» ЦIалдохъабаз кьела жаваб: «Къвалакь тIахьалги ккун, Умайгьанат школалдаса ячIин» (ТIоцебесеб пардав).

МугIалимас гьикъила: «Тексталда жаниб кинаб бакIалда жин­дирго завалалде щолеб комедиялъул сюжет?» ЦIалдохъабаз гьебсагIаталъ жаваб кьечIого тезеги бегьила гьеб суалалъе. Гьезул пикру баян гьабун хадуб, мугIалимас кумек гьабила классалъе гьеб хадусеб хIасилалде рачIине: комедиялда жаниб бищун хIалуцараб бакIлъун ккола Айдемирилги Умайгьанатилги данделъи бихьизабулеб сцена, ай «Гьанже Умайгьанат, жиндирго напс кквезе кIвечIого, гьесде тIаде егун ана. КIиялго хурхун, къвалалги ран, заманаялъ чIола», — ян абурал рагIаби. Гьелдаса хадуб мугIалимас мухIкан гьабила: драмияб асаралъул хIаракат цебетIеялъулъ бищун хIалуцараб бакIалда завал (кульминация) абула.

Щиб жоха кколеб сюжеталъул, хIаракаталъул бичи (развязка)? Бичи ккола пьесаялда жаниб жиндаса хадуб кинаб букIаниги хIаракат лъугIулеб цо лахIзат. «Кибха бугеб пьесаялда жаниб гьединаб лахIзат?» – илан гьикъила мугIалимас ва цIалдохъаби рачина гьадинаб жавабалде: «Комедиялда жаниб хIаракат бичула Айдемирица битIун бачIараб кагъат цIалулеб бакIалда. Гьеб кагътица Асмаги Гъазиги цIорозе гьарула, ва жидеего лъугьараб жо гьезда бичIчIула».

Хасаб дарс кьезе ккола комедиялъул маиIалъул анализ гьабиялъе.

«Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьесаялъул мацI ккола сипатазул гIамлъиги хаслъиги баян гьабулеб алатлъун. Комедиялъул щивав персонажасул буго хасаб, жиб тIокIаб такрарлъулареб, жиндирго хаслън бугеб калам.

Мисалалъе, анализалъе босизе бегьила Гъазил калам. Гьесда гIемер лъикI лъала гIадатияб мацI, амма жив кIалъалев, жинца хитIаб гьабулев дандиясухъ балагьун, гьесул каламалъул мантIикъги, бакъанги, рагIабазул гIуцIиги букIуна батIи-батIияб. Гъазица гIемер хIалтIизарула жиндирго каламалъулъ халкъиял абиял, кицаби («Чвантиниб гIарац бугони, магIарда ах балеб», «СалихIилас жаргъен гIадин»), амма гьездаса гьес пайда босула гIицIго Асмагун кIалъалаго, гьелъие пударулаго, гьерсал рицунаго.

Жиндирго яс Умайгьанатида гьев кидаго хъачIго, ццин бахъун, гьей хIакъир гьаюн гурони кIалъаларо, гьелъул хIакъалъулъ бицунеб рагIиги гьесул букIуна гьей гIодоегIан гьаюлеб («Рос-рукъ букIана къваригIун къвахIул Умайгьанатие»); бесдал яс Симисханиде гьабу­леб калам гьесул буго хIелхIел-хIалихьатаб, лъамияб: «Йилълъа, дир яс Симисхан, къачIай! (Гъазица Симисхан лъухьа-рухъула»); цогидалгун кIалъалаго, Гъазица жиндирго каламалъулъ речIчIизарула гIурус рагIаби, жив «культура» бугев, гIурус лъикI лъалев чи вугилан ккезе («Вот, вот, воо-о-т, гьедин гьабизе ккола!»); жив вачине вачIарав милиционерасе гьев хIелхIедула, гьесул кIалдиса битIахъе «гьоцIо» чвахула («Цо нухалъ Зайналовасул гъова вихьун вукIарав гIадин ккола дида мун!», «Чеснислов, гьедин бачIараб жо буго»).

Пьесаялъул цогидал гIахьалчагIазул щивасулги буто жиндир тIабигIаталда, гIамал-хасияталда рекъараб мацI.

Умайгьанатил мацI буго пасихIаб, бечедаб, магIна бугеб. Гьелъие нугIлъи гьабула живго авторасги: «Йортун ячIун, жиндирго пасихIаб мацIалъ кагъат цIалула». Сверухъ ругезда гьей кIалъала хIурматалда, гIодой йиччан, сабуралда, адаб-хъатиралда. («Школалде инчIого гIолароха, Асма, гьениса юссараб мехалъ малъила», «Вай, рагIа-ракьанго батулеб гьечIо, Асият», «Финляндиялдаго нич-намусги тун, вачIун ву­гилан ккола, Айдемир, дида мун!»).

Умайгьанатида лъикI лъала халкъияб мацI, гьелъул бечелъи, ва кIалъалаго, гьелъ гьеб бечелъиялдаса гIатIидго пайда босула («Кибе гъугъарабги Гъуниб магIардейилан», «ГIинкъав чиясе кIицIун гIакIа ахIуларо нижер гьаниб», «МацIалда ракьа гьечIелъул, бокьа-бокьараб бицине бегьила...»).

Мискинаб, магIна – «нур» гьечIеб мацI буго Симисхащл. Умайгьа­натил мацIалде данде ккун. Лъавукъай, цIали-хъвай лъаларей гьей гIадамалъул мацIги буго жиндаго релълъараб. Гьелъухъ гIинтIамураб мехалъ, ракIалде ккезе бегьула гьелъул лугъаталда жаниб нусгогIанцин рагIи гьечIилан. Гьелъул гIантал калимабазги пикру гьечIел рагIабазги релъи бачIинабула гьелда сверухъ ругезулги пьеса цIалулезулги («Щиб гьабилеб, йоха, тIаса тIалъел босулаго, самоваралъуса кIанцIараб хIухьел дида кIкIуй бугилан кканаха», «Хамиз сордо кинаб магIида бугеб, эбел?», «Дида лъаларо, эбел сон-церекъадги гьание ячIун, Умайгьанатилгун ххенейги бан, ана Асият»).

БатIияб хасият буго Асмал мацIалъул. Гьеб релълъараб буго гьелъул гIамал-хасияталда, хьвада-чIвадиялда. Гьелда лъала росасда рекъезабизе, гьев гуккизе («Сельпоялдасаги даим босулелго босулел рукIун, цощина тIадегъоркье жойин ккелебан хIинкъулаха, Гъази»); гьелъ къварид гьаюла бесдал яс Умайгьанат, гьелдехун гьей хъачI гьаюн гурони киданиги кIалъаларо: («Йилълъа, баркалайин дуе, лъел цIезе а! Бахъун гьеб гормендоги гIодоб лъе, лъил гьебали, гьеб чIван ругьунай гурин мун. Гьуршун гъалалгун, матушка гIадин йикIинчIого, гьеб бетIералда чохтIоги къай»); къватIиса гIадамазе, хасго жиндир мурад жидеда барал чагIазе гьей хIелхIедула, гьелъул каламалъулъ кIигьумерлъи загьирлъула («Киналго гьединал рукIуна, яц Асият, гьел лагълъул махI бугел жал», «Дурги чIолеб бакIго гьечIо, Гъази, гьедигIанго гурхIел гьечIевгийищ чи вукIунев?», «Вай, дуе гIумру кьеяв, дир вас, гьадигIан ниж рохизарурав, щибдай дуе кьезе ккела гьанже?», «Нижер рокъоб кколебщинаб рагIи щибха, яц Зайбат, Умайгьанат сабаблъун, элде кIалъан гурого вукIунарого ав, гьеб бегьуларого дун», «Ав милициялде щай, дир вас», «Лъил васгIаги муи, гьедигIан гьайбатав»).

Гьедин «Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьесаялъул гIахьалчагIазул каламалъул анализ гьабиялъ нилъеда бихьизабула персонажазул мацIалъулъ ХIамзатица гьезул щибазул гIамал-хасият, тIабигIат загьир гьабун букIин, гьелдаго цадахъ гьениб загьирлъун буго нилъее щибасеги сверухъ бугеб гIумруялъеги хасиятаб гIаммабги хасабги. Гьелъулъ буго пьесаялъул хвел гьечIолъиги сценаялъулаб гIумруги.

Скачать файл: ciadasa_hiamzatil_ajdemir_va_umajgqanat_malqiqlqul_kqag1idabi.doc [112,5 Kb] (cкачиваний: 190)
Посмотреть онлайн файл: ciadasa_hiamzatil_ajdemir_va_umajgqanat_malqiqlqul_kqag1idabi.doc

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби