ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Хадижат Бечедова дарс "Берцинаб их бачIана" 3 класс

Тема: «Берцинаб их бач1ана»

Дарсил мурад: 

1. Лъималазда  т1абиг1ат  лъай  ва  гьеб ц1уни.

2. ТСО пайда  босун  лъималазе  дарс  рак1алда  ч1олеблъун  гьаби,  гьезул дарсазде  хьвадизе  гъира  базаби.

3. Лъималазул калам цебет1езаби ва гьезда  рахьдал  мац1алда  пикру гьабизе  малъи.

4. Цебехун малъараб такрар гьаби (хъвадарухъаби, рик1к1ен…)

Дарсил  алатал: 

 суратал (х1анч1азул, т1угьдузул), интерактивияб доска  х1алт1изаби, магнитофон,  х1анч1азул гьаркьал.

Доска:

 Раг1аби          дерец - подснежник

                          х1амагага - одуванчик

                          гагу т1егь  -  первоцвет

                          ч1ег1ерх1инч1-кворец

                          милъиршо - ласточка 

                         къункъра -  журавль

                         х1анкъва -  лебедь

                         т1абиг1ат - природа

 Кици:

 Весенний день зимний месяц кормит.

Зах1мат бихьич1ого рах1ат бокьарас, бекьич1ого лъилъе  нилъ гьеч1ого  хур.

Дарсил план:

 1. Оргмомент  (знакомство и подготовка детей к уроку).

 2. Поэтическая пятиминутка (связь с пройденной темой).

 Дети вспоминают и  озвучивают поэтов и  писателей, писавших о временах года и особенно о весне.

 3 . Переход- подготовка к восприятию новой темы:

       - стихи – загадка;

       - сценка «Прощание с зимой и приход весны», используя магнитофон;

      - знакомство с признаками весны;

      - словарная работа;

      - физкультминутка (релаксация с птичьими голосами).

 4. Знакомство с текстом «Признаки весны»:

      - чтение текста учениками (выборочно).

      - чтение текста учителем;

 5. Закрепление материала:

     - демонстрация признаков весны на интерактивной доске;

     - работа с пословицами и связь с трудовым воспитанием и с здоровье - сберегающими технологиями.

 6. Домашнее задание и оценки                             

                          Дарсил ин:

  • Салам лъимал, дида ц1ар буго Хадижат Мух1амадовна. Дунги гьал г1одор ч1арал гьалбалги рач1ун руго нужехъе гьоболлъухъе, нуж Каспийск шагьаралда бищун лъик1ал лъимал рук1ун. Нужеца нечеч1ого лъалеб жо бихьизабе, бице.
  • Лъимал, жакъа нилъер дарсил тема буго «Берцинаб их». Нужеца тетрадал рагье ва тетрадазда тема хъвай. Хъвалаго рак1алде щвезабе, кинал лъаг1алил заманаби нужеда лъалел, ва кинал хъвадарухъабаз, поэтаз гьезул х1акъалъулъ хъвараб,  хасго ихалъул х1акъалъулъ?

            -хасел, их, рии, хасалихълъи…

            -хвадарухъаби: Загьид Х1ажиев, Г1абдулмажид Хачалов, Расул

             Х1амзатов, Фазу Г1алиева, Ц1адаса Х1амзат, Тубх1ат Зургьалова…

           - Кинал гьез хъварал куч1дулха нужеда  лъалел? (лъималаз арал дарсаздаса куч1дул рик1к1ина).

     3. Нужеда лъаг1алил заманаби кин лъалищали  бицанк1о

         (загадки) т1амилищха цо?

       

Дунял квачан буго.                                    Г1азу-ц1ер биана,

Г1азу бан буго,                                            Дунял ц1илъана      

Г1алах хъах1лъун буго,                               Къоял халалъана,

Лъим ц1орон буго.(Хасел)                        Милъиршо щвана.   (Их).

Бакъ баг1арун буго,                                   Г1урччинлъи т1аг1ана,

Хер беч1ан буго,                                         Т1угьдул ракъвана,

Пихъал рарщун руго                                   Рохьал т1огьиллъана

Т1орщел щун буго. (Рии).                          Берцинлъи хвана  (Хасалихълъи)

  4.Лъие кинаб заман бокьулеб,  лъимал?

          - Сунда хадуб бач1унеб их?

          - Хасалида.

          - Хасел лъида данде кквезе бегьулеб?

          - Хъах1лъарав к1удада.

          - Лъидаха релълъунеб их?

         - Берцинай ясалда.

Хасел нилъер буго, гьале гъов сваказеги свакан кьижун вуго. Нилъее къвариг1ун буго их бищизе. Нужер гьанир киналго ясал берцинал руго, щийдай т1аса йищила? (цо звархарай яс йищила).

- Гьанже рач1аха нилъеца алъул унго-унгояй их ккезайизе. Кинаб заман бук1унеб их, лъимал,берцинаб бук1унищ? (Яс къач1алаго)

- Берцинаб,гьайбатаб заман бук1уна…

- Кинха их бач1унеб?

- Дида  ккола гъугъелаго зобгун бач1унин гьебин… (Магнитофоналъул гьаракь биччала, хасел ворч1ила, гордуялдаса  занавеска  нахъе гьабила, их бач1ун батила)

- ИХ БАЧ!АНА ЛЪИМАЛ !!!

- Их, дуда гьаб хасел берцинго нухда рег1изе кеч1 лъаларищ?

(Ихалъ коч1одалъун  хасел нухда  рег1ила,  хаселалъ  ихалъе дерец т1угьдул кьела).

- Их, дуца гьел т1угьдул гьал нилъер гьалбазе кьуни киндай бук1ина? Цо-цо ниги т1егь кье гъозие.(Баркала кьун яс г1одой ч1езайила).

- Лъимал, гьаб т1егьалда ц1ар щиб кколеб? Нужода природоведениялъул дарсида лъазе кола (Плакаталдаги бихьизабила).

- Подснежник…

- Щай гьалда подснежник абулеб?(Г1аздада гъоркь бижулелъул).

- Маг1арулаз щибдай гьазда абулеб?(Доскаялда бихьизеги гьабун).

- ДЕРЕЦ Т1ЕГЬ, рач1а нилъеца киназго цадахъ абизе (хоралъ абила 2-3 нухалъ).

- Ц1акълъи щиб нужер!

- Цоги кинал т1угьдулха нужеда лъалел ихдал раккулел (плакаталда

   рихьизарила ва щибалда ц1ар доскаялдаса ц1алун, щибаб раг1и 2-3

    нухалъ такрар гьабила).

   - (Гъот1ода бихьизеги гьабун) Гьале гъут1биги  т1егьан руго, лъимал, бугеб  берцинаб заманха гьаб их, дие бищун бокьула их. Гьаб гъот1ода щиб  бугеб, лъимал?

- Скворечник – х1анч1азул рукъ.

-Кинал х1анч1алха ихдал рач1унел?

- ч1ег1ерх1инч1, милъиршо, ордек, хъаз, къункъра, х1анкъва (г1урусалъги бицунаго);

- Рихьун лъалищха нужеда гьел?(Плакатал рихьизарила, досаялдаса ц1алила, цадахъ такрар гьарила 2-3 нухалъ).

- Лъимал, природоведениие нужеда лъик1  лъалеб буго, малъизе лъалищха ?

 - Чан т1егьха нилъеда лъараб? – Лъабго! (Гьоркьоса рищун лъималазда нахъойги гьикъила гьезул ц1арал)

- Чан  х1инч1ха лъараб? – Анлъго!

- Рик1к1енги лъалеб буго азда!

- Их бач1иналъул байрам кинабха нужода лъалеб, лъимал? Нилъеца къват1азда ц1аялги ракун, рак1 гъун бук1уна, киналго азбаралде рахъун их ч1олеб сордорялъ?

- Навруз байрам раг1арабищ нужода?

- Нилъер маг1арухъ бук1уна  « Оц баялъул байрам» (Праздник первой борозды); лъиениги щванищ гьеб байрамалде ине, г1ахьаллъизе?

     Т1оцебе  ихдал хур бекьиялъул к1удияб байрам гьабула. Г1исиналги-ч1ах1иялги къацандула, чуял рекеризе т1амула, бергьарасе кьола бежараб к1удияб, берцинго къач1араб гор.

- Дие нужгун х1алт1изе ц1акъ рек1ее г1олеб буго лъимал. Рач1аха нилъеца гьал ц1иял раг1аби хъвазе. (Словаразда ц1иял раг1аби хъвала).

  • Свакаралищ лъимал? Нилъецаго  х1ухь бахъизе рач1аха цо свакараб хаселги  бихьизабун:

- Партабазда т1ад кверал лъе, кверазда бут1рулги лъе (магнитофон биччала –зоб гъугъадилеб гьаракь)

- Их бач1ана лъимал рорч1а! Цо т1аде рахъа, к1вах1аллъиги инабе, квералги эхеде рит1ун т1егьарал гъут1би рихьизаре, гьелеха  - т1егьан рач1анагури  нуж! Гьанже берцинго г1одорги ч1ун т1ахьал рагье 25 гьумералда, хабаралдаса ихдалил г1аламатал ц1ализе.

(Текст ц1алила, къокъго буссинабила, т1аса г1аламатал рищун лъимал ц1ализе т1амила).

  •   Нилъеда жакъа лъарабщинаб жо рак1алде щвезабуни гьаб интерактивный доскаялдасан, лъик1 бук1инадай?   Гьабсаг1ат Хадижат Мух1амадовнаялъ бихьизабила нужеда:

- Балагье лъимал, берцинлъи нилъер Дагъистаналъул. Г1азуги биунеб буго, гьаб щиб заман лъимал?  - Их.

- Гьал кида раккулел т1угьдул ? (цадахъ плакаталги х1алт1изарун т1угьдузул, х1анч1азул ц1арал такрар гьарила).

- Гьаб щиб байрам кколеб, лъимал, ц1аялги ракулеб? Гьале хурир х1алт1аби байбихьун, гьале хьон т1ирщунеб, гьадин бижун щолаха нилъее т1орщел. Х1алт1ич1они, хурзабахъ бекьич1они нилъее т1орщел щолищ лъимал?

Дие ц1акъ рокьула Инхоса Г1алих1ажиясул гьал раг1аби:

         Зах1мат бихьич1ого рах1ат бокьарас, бекьич1ого лъилъе  нилъ гьеч1ого хур. (бич1ч1изабила ва тетрадазда хъвала).

Нужееги бокьулеб батила х1алт1изе, школалъул огородалда х1алт1улищ нуж? Щиб гьабулеб нужеца гьениб?

- Цо гьаб кициги хъвани нужеца тетрадазда лъик1 бук1инаха.

«Ихдалил къоялъ, хасалил моц1  кваназабула» - Гьалъул маг1на бич1улищ нужеда?

- Уха, ихдалил цо къоялъ х1алт1иялъ, хасало т1убараб моц1алъ нилъ кваназе жо щола .

- Лъимал, ц1алиялъул дарсида  малъун бук1ана нилъеца Крыловасул басня – рак1алда бугищ нужеда?

- «Стрекоза и муравей».

- Нужее  щиб бокьараб стрекозайищ муравейищ?  Стрекоза – гарц1; муравей – ц1унц1ра.

- Лъимал, гъоб стрекоза-гарц1, ихдалги риидалги х1алт1ич1ого, хасало бакъун ц1унц1раялда кваназе жо кьейин гьардезе ин рак1алда бугищ нужода?

-Кидаго лъик1 х1алт1изе ккола. Балагьея доскаялде. Ц1алея  нилъер маг1арулазул к1удияв шиг1ир Инхоса Г1алих1ажиясул раг1аби.  Кин гьел рич1ч1улел, маг1на щиб?

       Зах1мат – труд

       Рах1ат -     отдых, покой.

Рах1аталда лъик1 рук1ине ккани, лъик1 х1алт1изе кола. Нуж жакъа ц1унц1раби г1адин лъик1 х1алт1ана. Ц1акъ нуж рек1ее г1уна жакъа дие, г1емераб жоги лъалел, х1алт1изе бокьулел гьит1ичал руго нуж. Х1алч1ахъадал!  (Къиматал лъела)

Рокъобе х1алт1и: 1) Раг1аби лъазаризе, гьелгун лъабго предложение ургъизе.

                                  2) Ихдалил сурат бахъизе.

Лъимал, рач1а цо ихдалил х1акъалъулъ нилъеда лъалеб кеч1 ах1изе (Г1.Хачаловасул «Их»)

- Къо-мех лъик1,  дир хириял. Хадурги нилъ рихьила.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби