ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Расул Х1амзатов "Милъиршаби" 9 классалъе рагьараб дарс Г1умарова Зумурат Гитиновна Ц1обокь-Миякьоб гьоркьохъеб школа

    Дарсил тема   Расул Х1амзатов  «Милъиршаби»

(1 саг1ат)

Дарсил мурад:

  1. Бит1ун ва пасих1го ц1алиялъул бажари камил гьаби.
  2. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун ц1алдохъабазул г1акълу ц1убазаби, ва т1абиг1аталъул берцинлъи бихьизе ругьун гьари.
  3. Коч1олаб каламалде рокьи ц1ик1к1инаби.
  4. Эпитетелъул ва дандекквеялъул  к1варалъул х1акъалъулъ баян жеги г1ат1ид гьаби.

 

Дарсил ин:

  1. Дарс байбихьила рокъобе къун бук1араб х1алт1и т1убаялъул  халги гьабун. Цинги рач1ина ц1ияб дарс малъиялде. Биччайла  бат1и – бат1иял х1анч1азул бакънал ругеб, маг1арул т1абиг1аталъул берцинлъи бихьулеб  видеоролик.  Лъимал гьелъухъ балагьизе  т1амила 1-2 минуталъ. Хадуб гьикъила  гьезда .

- Кинаб асар гьабураб нужее гьаб видеороликалъ?

(2-3 ц1алдохъанасул жавабалъухъ г1енеккила )

Учителас т1аде жубайла Дагъистаналъул т1абиг1аталъул берцинлъиялъул х1акъалъулъ: рорхатал муг1рузул, гъваридал к1к1алазул, керчал рохьазул, гьенир г1умру гьабулел  бат1и – бат1иял рух1ч1аголъабазул,  х1анч1азул.

 

- Х1анч1азул бакъназги ч1ириялъги дагьабги берцинлъизабула т1абиг1ат. Щибаб х1анч1ил буго жиндиего хасаб бакъан, ч1ич1иди, гьаракь. Х1анч1и – ахил коч1охъаби, ахазул гьудулзаби.

Х1анч1и ахазукь  гьеч1они, пихъ дагьлъула, бижараб пихъги х1апара бараб бук1уна.

-- Нилъер ват1аналда кина- кинал х1анч1аз г1умру т1амулеб?

(чаргъудул,  маккал, мокъокъал, милъиршаби, рузал, булбулал, ц1умал, гагуял, ва гь.ц)

- Гьел х1анч1и цоцаздаса рат1а рахъизе, гьаракь – бакъан бат1а гьабизе лъалищ нужеда?

(биччайла  г1иц1го милъиршабазул ч1ирч1иди бугеб видео «Ласточки в селе».)

- Гьал х1анч1азул бакъан нужеда лъан батила. Кинал  х1анч1азул  ч1ич1иди гьаб кколеб?

-Милъиршабазул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

 Щибаб кьойил риидал рогьалилъ  горду рагьун г1енеккараб мехалъ, нилъеда раг1уна милъиршабазул коч1ол бакънал. Цоцазде гаргадулел ругел г1адин  гьез кеч1 ах1улеб  куцалъул берцинлъи! Дунялалда 79 бат1ияб тайпа буго  милъиршабазул. Гьел ккола г1исинал тайпаялъул х1анч1и. Гьезул халалъи 9- 23 см., ц1айи 10-60 гр. Ч1ег1ераб х1улиялъул, г1ебаб кереналъул, кереналда хъах1аб т1анк1 бугел, халатал куркьбазул, к1ибикьараб рач1алъул гьайбатал х1анч1и.   Милъиршаби хасало хинал улкабазде роржун уна.  Нахъе роржун рач1уна ахиралда, дунялги хинлъараб х1ут1- хъумурги баккараб мехалъ.  Г1емерисеб заманалъ роржанхъулел рук1уна гьаваялда, квен балагьулаго.  Кванала х1апара – х1ут1. Гьез рук1ун гьабула гьаваялде роржине бигьаяб бак1алъ. Рук1унги гьабула наккдал,харил. Милъиршабазда абула  «гьавадул лъимал» абун, ракьалде рещт1уна  къанаг1ат ва бокьич1ого.

     Дунялалъул бат1и- бат1иял халкъазул г1адамаз милъиршабазул рук1ун ц1унула.  Гьез рук1ун гьабураб рагъи- къоноялда баракат лъолилан абула. Г1адамазе талих1 рохелгун  боржун бач1унила гьеб. 

   Милъиршоялда хурхарал гьадинал биценалги руго. Гьел борхалъудасан роржунел ругони ,лъик1аб гьава – бакъ бук1ина.  Г1одосан роржунел ругони, роччен  бук1ина.

( Гьанже рач1ина  коч1оде )

Гьел гьайбатал х1анч1азде милъиршабазде к1еч1 хъвана нилъер гьайбатав шаг1ир Расул Х1амзатовас.

  1. Рич1ч1уларел раг1абазе баян:

Рущарал-  киниялда лъурал                                                                                               Т1алъи- муг1рул бит1араб бак1                                                                                        Г1анч1ай- гоч1ай, гогьай                                                                                                                 Ригь-  мина, заман.                                                                                                                Рагъаби – т1адхъел, т1окъо.                                                                                          Т1икъва- подкова, чол х1ат1ида гъоркь ч1валеб маххул алат.

  1. Учителасул мисалияб ц1али. Ургъизе заманги кьун , хадуб гьикъила.

- Бокьанищ нужее кеч1?  Бокьараб батани, сундухъ бокьараб?

- Лъаг1алил  кинаб заманалъул х1акъалъулъ бицунеб бугеб коч1олъ?

(апрель моц1 – ихдалил заман)

- Кинаб заманлъун кколеб их?

(Т1абиг1ат  ч1аголъулеб, дунял хинлъулеб . ах- хуралъуб  х1алт1аби байбихьулеб  заман)

- Их бач1иналъул рах1ат сунца хвезабун бугеб шаг1ирасул?

- Нилъехъе гьоболлъухъе ихгун цадахъ щал рач1унел?

- Милъиршаби щал  кколел ругин абулеб бугеб шаг1ирас?

(рохалил чапарал, ихдалил гьалбал).

-Гьеб кеч1 кинаб кколеб? Коч1ол тема ?

4.Гъалат1 биччач1ого, кеч1  пасих1го ц1ализе т1амила:

- Аваразул коч1ол г1уц1и кинаб бук1унеб ? (Силлабикияб).  Калам пасих1лъиялъе шаг1ирас кинал литературиял  терминал х1алт1изарун ругел?

(эпитетал, дандекквеял, аллитерация)

Коч1ол роцен ч1езабизе т1адкъала лъималазда.  Жидеего бокьараб куплетги босун, гьелъул щибаб мухъилъ  чан гьижа бугебали рик1к1ине т1амила, аллитерация батила.

5.Коч1олъ ругел эпитетал ратизе т1амила.

(куркьбал меседилал, г1исинал гьалбал, рохалил чапарал, ихдалил гьалбал, хириял, х1асратал милъиршаби)

6.Дандкквеял ратизе т1амила.

(кинида рущарал лъимал киниги,  меседил мат1удахъ г1анч1ай яс г1адин)

7.Коч1олъ ругел хит1абал ратизе т1амила.

 (куркьбал меседилал г1исинал гьалбал,милъиршаби, рохалил чапарал, ихдалил гьалбал, хириял, х1асратал).

« Милъиршаби»  абураб кеч1 г1урус мац1алде  буссинабуна Яков Козловскияс. Гьеб кеч1 артистазги ах1ула.

- Х1анч1азул х1акъалъулъ  кинал асарал нилъеца ц1алун рук1арал?

«Милъиршо» К. Саг1ид, «Х1анч1ик1к1ал» З.Х1ажиев, Батирай «Г1ашикъ булбул».

Учителас т1аде жубайла: г1урус поэтазги хъван руго  милъиршабазде куч1дул  А. Фет «Ласточки пропали»,  К Паустовский «Ласточка».Крылатов «Ты лети, лети,ласточко моя»

8.Крылатовасул « Ты лети, лети, ласточка моя» - абураб коч1охъ г1енеккизе т1амила.

9.Гьал раг1абазе синонимал рате:рущарал,рокьи,херал,ригь,ахал,рохалилал,рагъабазул,хъах1ал.

10.Гьалраг1аби цолъул формаялда лъе:лъимал,гьалбал,милъиршаби,бакънал,гьаркьал,шагьарал,херал,муг1рул,чапарал,т1агърал.

11.Х1анч1азул х1акъалъулъ бицанк1аби.

Рахьг1ан хъах1аб, лах1г1ан ч1ег1ераб , ч1орг1ан бит1араб, к1улг1ан гьет1араб.( чаргъеду)

Мукъур сурмияб, бакъан берцинаб,

Ракълил байрахъалда сурат бахъараб.( микки)

 

Их бач1ингун, ах1долеб,  рии щвейгун, кьижулеб.( гагу)

Къад кьижулеб, къаси бахъунеб. ( руз)

Къаси канаб, къад бецаб, куц бег1укъаб гьаракь сур.( руз)

 

Кверал квалич1ого, кварт1а к1ут1ич1ого, бан лъураб хъала. (милъиршодул бусен).

 

Г1ашт1и,  кварт1а хъвач1ого,

Ч1алу, рахи лъеч1ого,

Гордал, нуц1би гъеч1ого,

Гьабун толеб ц1акъаб рукъ.(х1анч1ил бусен)

 

12.Кицаби

Х1анч1ие  бусенги – ват1ан, къоркъое х1орги – ват1ан.

Х1анч1ил к1алдиса мугьги бахъуге,чияда  бицунеб жоялда гъорлъе г1инги ккоге.

Гьорол х1ал х1анч1ида лъалеб, лъадал х1ал ччуг1ида лъалеб.

Х1анч1ида к1олебила  жинда рекъараб лъикълъи гьабизе.

Х1анч1ица абурабила: лъик1ав бах1арчияс  жинда гьец1оги  реч1ч1иларила, къадарас рехараб щвезе жибги ч1еларебила.

 

Рокъобе х1алт1и:   Кеч1 пасих1го ц1ализе,

Щибаб куплеталъул аслияб маг1на загьир гьабулеб цо-цо  сурат бахъун бач1ине.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби