Координаторазул иргадулаб данделъи.Пат1имат Къурбанг1алиева Гъизилюрт УО методист
Координаторазул иргадулаб данделъи
Цин ц1адакье ккун, цинги гонгикье ккун лъадарулеб бугеб рахьдал мац1алъе ц1ияб рух1 кьураб хабарлъун ккана бач1унеб сон ООНалъ миллиял мац1азул сонилан лъазабидал.
Лъаг1алил ахиралда, 8 декабралда, санайилго г1адин, Авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъиялъ, гьелъул нухмалъулей Баху Мух1идиновалъул ах1иялда рекъон т1обит1ана координаторазул данделъи. 40-гог1ан чи рещт1ана бат1и-бат1иял росабаздаса ва шагьараздаса Хъвадарухъабазул союзалда бугеб Х 1амзатил Расулил кабинеталде. Гьеб гьев г1емерал саназ жанив х1алт1араб кабинет, цо кидаялиго Расулихъе рач1унел рук1арал гьалбадерица г1адин, жакъаги ц1ун бук1ана.
Бицана лъаг1алица гьабуралъул, гьабизе санаг1алъи ккеч1елъул, мурад алде щвезе камурал шарт1азул. Ц1ияб соналде цере лъуна ц1иял ва унеб соналъ гьабич1ого хут1аралъул масъалаби. Г1елмияб иституталъул х1алт1ухъан Вакилов Х1айбулайица, кидаго г1адин, ФГОСалъул суалал рорхана. ДИРОялъул х1алт1ухъан Юсупова Райх1анатие х1еренаб гьаркьихъ г1енеккун маг1арулазул кьезе суалго батич1о: гьелда лъала щивасе лъазе бокьарабщинаб, жинцаго бицуна.
Координаторазул советалъ «Бищун лъик1ай нухмалъулей» абураб х1урматияб ц1арги кьуна Цолъиялъул нухмалъулей Баху Шамиловналъе. Ахиралда яхъун Шамил районалъул муг1алим Пат1ина Закировналъ жинцаго гьабураб кеч1ги ц1алана.
Ракьалъе хинлъи кьола баккараб бакъуца. Гьеб гьеч1они сундулго нур бук1унаро. Рак1азе хинлъи кьолел ракьалда ругел ц1ваби ккола хъвадарухъаби, шаг1ирзаби, коч1охъаби ва т1олабго культураялъул (маданияталъул )х1алт1ухъаби. Вижараб росдаде бугеб г1ащикълъиги, эбелалде рокьиги, к1удиязул адабги, г1исиназул т1алабги гьабизе кколеб куц малъула гьез жидерго асаразда. Кинха гьеб рух1ияб бечелъи бач1унеб г1елалъухъе щвелеб рахьдал мац1алъул муг1алимзаби гьеч1они? Гьединаб т1езе рес гьеч1еб бухьен буго рахьдал мац1алъул муг1алимзабаздаги творчествоялъул х1алт1ухъабаздаги гьоркьоб.
Гьединлъидал, ООНалъ лъазабураб Миллиял мац1азул сонги к1одо гьабун, координаторазул данделъиялдаса хадуб х1ухьбахъиялъул заман т1обит1ана маг1арул кеч1-бакъаналда коч1охъабазул ва шаг1ирзабазул горсвериялда. Пандур- аргъан хъван ах1улел куч1дузги, х1ет1е г1одоб хъваларедухъ кьер-кьерал гормендабигун шалал ч1ван кьурдулел ясазги х1айран гьавич1ев чи гьенив тун ватиларо. Цолъиялъулъ гурищ бук1унеб къуват? Т1олго пишацоял цолъун х1алт1ани, маг1арул мац1ги, ц1арги , къадруги борхатго ккун наслабахъе кьезе к1велин нилъедаян к1удияб хьул буго. Ч1ахъаги маг1арулал!
Пат1имат Къурбанг1алиева
Гъизилюрт УО методист