Барки. Баху Мухӏидинова.
Рагъида къолохъан, къет1а зурмихъан…
Гьале исанаги рак1алдаго гьеч1ого т1аде щвана Т1олгодунялалъулго рахьдал мац1азул къо. Дунялалъул иш лъаларо, дида мух1канго лъалеб жо буго, гьаб дунял бугебг1ан мехалъ маг1арулал дунялалда рук1ине кколеллъи. Маг1арулал дунялалда рук1ине ккани, маг1арул мац1 гьез бицине кколеблъиги. Гьеч1ищ мац1 – гьеч1о миллат! Лъаларищ маг1арул мац1 – мун маг1арулав гуро! Щивас кьезе биччан те гьаб суалалъе жиндиего жаваб: щал кколел гьесул г1урус мац1 гурони лъаларел лъималги, лъималазул лъималгияли. Гьеб мехалъ якъинго цебе ч1ола нилъер бук1инеселъул сурат.
Гьединалги, гьелда релълъаралги пикраби гьаризе г1адамал т1амизе, кант1изаризе, нилъерго миллаталъул хаслъиги, мац1алъул пасих1лъиги, рет1ел-куналъул берцинлъиги, кеч1-бакъаналъул аваданлъиги, кьурди-хъаталъул лебаллъиги, квен-т1ехалъул гьуинлъиги нилъедаго бихьизе, нилъго ч1ух1изе гьарула санайил нилъеца гьал байрамал.
Унго-унгояв маг1аруласе щибаб къо бук1ине ккола рахьдал мац1алъулги, эбелалъулги, Ват1аналъулги къолъун. Гьаб дунялалда бугеб щинаб х1апу-чапуралъ нилъедаго лъач1ого гъанкъулел ратулел ругелъул, ригьинаризе гьабулеб ах1и-х1ур буго щибаб соналъ февралалъул ахиралда нилъерго Авартеатралда авар мац1алъул фестиваль.
Гьабизе жо т1аг1ун ругел чаг1и гуро Аваразул миллиябгун маданияб автономияги, Авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъиги, Авар басмабазул цолъиги, щибаб соналъ гьабулеб щиналъе кумекалъе ч1олеб Авартеатрги. Нилъецаги гьабич1они, лъица гьабилебилан, рак1 унтун, гъеж гурун т1аде босула нижеца гьеб кутакалда зах1матаб, баркала гуреб, кири гуреб х1алт1и.
Гьединлъидал, хириял маг1арулал, нужедаги т1адаб буго, к1одоэбелазул гъансинире ракун к1аз-шалги балагьун, маг1идаса ханжар-рачелги бахъун, хъубухъизабун лъун бухарит1агъургун, нилъер умумузда цодагьабниги релълъараб г1уж-куцги гьабун, рачун лъималгун, гьеб байрамалде рач1ине.
Т1оцебесеб къо – 23 февраль
Фестиваль рагьизе буго шамат къоялъ саг1ат 11ялда, нилъее салам кьезе х1акимзабиги жоги рач1ун. Цоялдаса байбихьун цере рахъине руго коч1охъаби, кьурдухъаби, ц1алдохъаби, муг1алимзаби. Авар мац1алъул муг1алимзабазул цолъиялъ бицине ва бихьизабизе буго жидерго сундуего бугеб махщел. Миллаталъе канлъи кьолел чирахъаз къалъизабизе буго сверухълъи.
Театралъул жанах1алъуб нужеда гьел къояз камураб газета-журнал, т1ахьал, махщелчаг1азул т1аг1алаби ва гьеб гуреб цойгидабги батизе гьеч1о. Цо-цояз гьел ричизегицин руго, г1арац кисиниб лъун бугищали хал гьабизе к1очонге къват1ире рахъунелъул. Босич1елъул рак1 бух1ани, т1адеялъул гьебго байрамалда гурони гьел нужехъе щоларо.
Зама-заманалдасан зурма-къолол гьаракьалъ г1акъуба кьезе буго г1емерав чиясул бохдузеги.
К1иабилеб къо – 24 февраль
К1иабилеб къоялъ – гьат1ан къоялъ – байрам байбихьизе буго гьединго 11ялда щибаб районалъул редакциязул цебелъеяздалъун. Гьеб къоялъ цере рахъине руго районазул култураялъул х1алт1ухъаби, фольклориял ансамблял, машгьурал коч1охъаби ва кьурдухъаби.
Бакъанида Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъ, лъаг1алил х1асилалги гьарун, миллаталъе пайда ц1ик1к1аразе кьезе руго шапакъатал. Гьенирго гьаризе руго маг1арул мац1алда куч1дул рик1к1унел роликазул флешмобалъул х1асилалги.
Амма, зурма-къолол гьаракьалъ гьеб къоялъг1аги х1алхьиялда телин нуж ратании, хьулцин лъоге. Нуж х1алхьиялда тезе гурелъул Бежт1аса бахъараб къолохъанги зурмихъанги вач1инев вугев нилъер фестивалалде.
Баркула, маг1арулал, рахьдал мац1азул къо!
Баху Мух1идинова