Барки. МухIидинова Баху Шамиловна, Авар мацIалъул Цолъиялъул нухмалъулей
Хириял, авар мац1алъул муг1алимзаби, миллиталъе канлъи кьолел чирахъал!
Баркула т1аде щвараб Ц1алул сон! Баракатгун рохелгун бач1араб батаги, лъик1ал т1адег1анал х1асилалгун араб батаги!
Лъималазда мац1 лъазе
Г1емерал ресал щваги,
Дарсил саг1тал ц1ик1к1аги,
Даг1бадулал дагьлъаги,
Ц1алул т1ахьал гьарзаго
Щибаб школалъе щваги.
Щуго саг1аталдаса
Гъоркье саг1тал кьунани,
Кьижун макьу щогеги
Щибав директорасда.
Депутатал циндаго
Хиса-сверун лъугьаги,
Рахьдал мац1 гьуинлъаги,
Лъач1ел сурун рихьаги,
Киналниги законал
Рахьдал мац1алда хъваги,
Бич1ч1уларин лъугьарал
Жидер мандатги билун
Хачадилел хут1аги,
Харжил к1ал бихьич1ого.
Лъайкьеялъул министер
Нилъер мухъилъ йихьаги,
Киналго х1акимзаби
Рахьдал мац1алъ к1алъаги,
Телевизор радио,
Компьютералъул х1аял,
Гьит1ичазе мультикал
Авар мац1алда кьеги.
Мисалиял, пайдаял,
Х1алт1уда рак1 унтарал
Муг1алимзаз ц1еги
Гьайбатаб нилъер Цолъи.
Киналго меценатал
Алигархалги рачун,
Къвапиг1араб щибилан,
Ч1аги кидаго хьолбохъ!
Х1урматиял, муг1алимзаби, хиса-сверулеб жо буго аб дунял, бач1ина нилъехъеги байрам, лъала г1адамазда рух1ияб бечелъиялъул къимат. Кват1ун ккогегиха. Эбел к1очон, Ват1ан к1очон, рахьдал мац1 к1очон гьабураб маг1ишаталъ жеги цониги чи талих1алде вачинч1о. Г1акълу кьеги щибав бусурманчиясе.
Цойги нухалъ баркула гьайбатаб нилъер байрам!
Баркигун Баху Мух1идинова